Хъазахъ (гуржи мацIалда: საქართველო, Sakartvelo). Хъизихъ хIукумат буго Дагъистаналдаса бакътIерхьул рахъалда. Гьеб хIукуматалъул 70 азарго кв. км. ракьги ва 4 млн. хадуб гIадамазул къадарги буго. Аслияб хIалалда гьаниб гIумру гьабула хъузхъуз, цIамгIалаз, къажараз, гьирияз, къажараз ва падараз. Хъизихъалда гъорлъе уна ГIачIаристан, Бакъда Гьиристан ва Абхаз автономиял улкаби. ТIадежоялъе Кахет улкаялда гIумру гьабула магIарулаз. МагIарулазул росаби руго Алазан гIоралъул мекъаб рахъалда. Гьел ккола Гургинросу (Тиви), Росохъ (Чантлискуре) ва Хъаладухъ (Сарусо) росаби ва Лагадухъ шагьаралъул цо авал. IIIIIIIIIIIIIIIIIII
- Тулпис, Кутаис, Рустави, Къурели, Лагадухъ, ХIамитIа, Сагънагъ, Гуржигьен, Сухуми, Батуми, Цхинвали, Ахисхъала, Мцхета.